20 апрелалда букIана иргадулаб ЖамгIияб советалъул данделъи. Гьениб гIахьаллъи гьабуна миллияб политикаялъул, диналъул ва къватIисел бухьеназул министрасул заместитель Зикрула Илясовас, Москваялда бугеб экономикиябгун политикияб институталъул гIелмияв хIалтIухъан Денис Соколовас ва Санкт-Петербургалда бугеб антропологиялъулгун этнологиялъулаб музеялъул гIелмияй хIалтIухъан Катерина Капустиналъ, Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель Камалов ГIалица ва гьединго Бавтугъаялда, Гъизилюрталда гIумру гьабулел нилъер гIолохъабаз.
Данделъи бачунев «Сугъралъ» обществоялъул председатель ГIалистанил АхIмадица бицана къокъ гьабун обществоялъ нахъе тараб нухлул. АхIмадица абуна: «Жеги ругеб куцха. Нилъер росуги «вагьабиязул бусен» бугин абулел чIезабизе къваригIарал гIадамал. Гьел рукIиналъе нугIлъи гьабула, гьал къоязда росулъе гъутIби чIезе арал гIолохъабиги багьанаде ккун, цо пуланав министр нилъер гIадамазда аскIове вачIун вуго нужер росулъ гьабсагIат бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьун ЦIунтIа, ЦIумада гIадинал лъугьа-бахъинал ккеларилан абун ракIчIей бугищилан цIехезе. Гьеб рахъалъги обществоялъ гьабуна хассаб хIалтIи, ва цIех-рех. БичIчIана цо-цо чагIазе нилъер гIолохъаби, гьечIел бугьтаналги лъун, хIал гьабун рохьазе тункизе бокьун букIин. Гьезда гьеб кIвелин кколаро. Нилъер обществоялъ гьабулеб хIалтIиги рагьараб букIин бихьизе, бугеб хIалги бицине ахIун вуго жакъа гьаниве министрасул тIоцевесев заместитель Зикрула ИляГьабурабсовги. Баркала буго гьесие гьаниве вачIаралъухъ». Ва хадубги АхIмадица абуна жакъасеб сугъулдерил жамагIат хIадураб бугила халкъ цебехун цIалел, лъикIал ракIариязулъ гIахьаллъизе. Гьелъие мисалги бугила гьале ункъабго соналъ гIолохъаби росулъе гъутIби чIезе ин. ГьанжелъизегIан гьениб чIун бугила лъабазаргоялде гIагарун гъветI. «Цоги мисал: дагьал цере ниж ун рукIана росуцоязулгун данделъиялде Бавтугъаялде. Гьенир загьирлъана Гъизилюрталда ва Бавтугъаялда гIумру гьабулел росуцоязул ругел унтаби. Цо унти буго церехун гьенир батIи-батIиял бакIазда хIалтIулел рукIарал эбелэменги пенсиялде ун, гьезул лъимал хIалтIи гьечIого хутIулел рукIин. Амма ракI бохизабуна гьеб кIиябго бакIалда гIумру гьабулев 400-гIанасев нилъер росуцоясда гьоркьор наркоманал ва такъсирчагIи гьечIолъиялъ. Хадубги къотIи тана гьенир ругел кIудиязги гIолохъабазги ва «Сугъралъ» обществоялъги цадахъ хIалтIи гьабизегьабизе. Гьебги бокьилаанин Зикрула Илясовасда лъазе», – ян. Хадусеб суал букIана Надиршагь щущахъ виххизавун 270 сон тIубаялда бан росулъ ва шагьаралда тIоритIизе ругел тадбиразул хIакъалъулъ. Гьелъул бицана Камалов ГIалица: «ГьанжелъизегIан кIиго нухалда тIобитIана Надир-шагь щущахъ виххизавиялъул хIакъалъулъ гургинаб стол - цо Сугъралъ росулъ, цо Журналистазул союзалда. Гьениб гьоркьоб лъун букIана 27 сентябрь дагъистаниял цолъараб къолъун лъазабизе Дагъистаналъул президентасде гьабураб хитIаб. Гьебго хабар ккана гьал къоязда Дагъистаналъул гIелмияб централдаги, гьелъул директор Хизри ГIамирхановасул бетIерлъиялда гъорлъ тIобитIараб гIалимзабазул советалдаги. Гьениб гIахьаллъи гьабуна ГIалистанил АхIмадицаги, дицаги, ГIабашилов ГIабдулмажидицаги. КъотIи ккана исана 20 маялда тIобитIизе гьеб суалалда хурхун гIелмияб конференция. ГIелмияб рахъалъ гьелъие бетIерлъи гьабизе буго гIалимзабаз, информациялъулаб рахъалъ Журналистазул союзалъ. Жеги тIубараб мухIканлъи гьечIо кинаб къо гьабилеб дагъистаниял цолъараб къолъун - 27 сентябрищ, ялъунани цоги къойищали. Нилъеца кин батаниги исана сентябралда росулъгигьелда хурхарал тадбирал гьаризе ккола», – илан абуна ГIалица. Гьебго суалалда хурхун ГIабдулмажид ГIабашиловас бицана исана 20 маялда букIине бугеб гIелмияб конференциялъул секретариаталъулгун жидецаги бухьен ккун бугилан. Гьенире ахIун ругила Северияб Кавказалдаса, Бакуялдаса ва рукIине бегьулила Ираналдасаги 50-гIанасев гIалимчи. Гьенир гIуцIиялъулаб комитеталда гъорлъ нилъерги кIиго чи вукIине вугила. Хадув кIалъарав Денис Соколовас бицана: дунялалъул ва Россиялъул банказул ругила Кавказалъул росабалъе экономикияб, рухIияб, школазул реформаби гьариялъе бихьизабураб грантазулаб гIарац. Гьеб программа лъикI хIалтIулеб бугила Ставрополь краялда. Гьединго Дагъистаналдаги бегьилаанилан гьеб хIалтIизе биччазе. Гьелъие хIажалъулила коммерческиял гурел росабалъ ругел жамгIиял советазул ассоциациял гIуцIизе ва гьелъул кьучIалда рагьун бизнес-планалда рекъон гIарац тIалаб гьабиги. Амма кинабго гьабулеб хIалтIи букIине кколила рагьараблъун. Гьединаб гIуцIилъун дида Дагъистаналда бихьулеб бугила «Сугъралъ » жамгIияб гIуцIиян. Цинги рагIи кьуна Зикрула Илясовасе. Гьес бицана: «Дагъистаналда чIара-хьараб хIал лъугьиналъе жеги тIубанго пайда босулеб гьечIо дол хIурият бахъиналде церехун рукIарал жамгIиял гIуцIабазул хIалбихьиялдасан. ХIукуматалъ тIаса гIодобе хIал гьабун гражданазулаб общество гIуцIизе кIоларо. Гьеб гIуцIизе ккола гIодосан тIаде. Гьал нужер гIадинал жамгIиял гIуцIабазул жакъа Дагъистаналда кIудияб кIвар буго. Масала, такъсирги гьабун туснахъалда щуго сон базе бигьалъи букIуна цо-цо гIолилазе эбел-эменгун цадахъ жамагIаталда цереги рачун кIал гьикъиялдаса. Гьебги нилъеца гIатIидго хIалтIизабизе ккола. Гьав Денисица абухъе, жакъаги нужер ЖамгIиябЖамгIияб советалъ хитIаб гьабизе бегьилаан Дагъистаналъул росабазул жамагIатазде цолъараб ассоциация гьабеян. Гьединго нижер росулъги буго общество, дицаги яхI бахъила ассоциациялде гъорлъе гьебги лъугьинабизе. Нилъ кидаго гуро рукIине ругел гьаб лъазабичIеб рагъул хIалалда. Гьелъие ахир лъезе кумек гьабизе бажаризе ккола нилъер жамагIаталги цолъун», – ин абуна гьес. Гьеб данделъиялда Зикрула Зиявудиновичасда чангояс гьарана нагагь нужер министерствоялде нижер росулъа гIолохъабазда тIасан лъикIаб-квешаб хабар щванани нижергун бухьен гьабеян. Нижеда гьоркьор нагагь ратани къваригIел гьечIел ишазда гъорлъе ккарал гIолохъаби, гьезулгунги хIалтIи гьабизе хIадурал ругилан ва нужеца гьабулеб ракълилаб, маслихIаталъулаб хIалтIуеги кумек гьабизеги рази ругилан. КIиабилеб суал букIана росулъ гъутIби чIеялъул. Гьелъул бицана СагIитил ГIабдулагьил ГIабдулмаликица (мухIканго цIале гьесулгун ккараб гарачIвари ……- абилеб гьумералда). Гьебго суалалда тIасан Габалов ХIажица бицана: исана жидецаги гьабунила гьеб иш гIуцIиялъе кумек, гьеб гIезегIан захIматаб хIалтIиги батанилан. Исана гъутIби росизе анила 19 азарго гъурущ, лъим бачизе 9 азарго гъурущ. Гьеб буго жидецаго кванихъ, росулъе ине машинабазухъ, цоги гьабураб кумекалъухъ рикIкIинчIого араб харж. Гьеб 28 азарго гъурущ къарзалъе босана нилъеца хадуб фондалдаса нахъе кьезелъун. Бокьарал чагIаца фондалде гIарац кьезе бегьула. Херазул советалъул председатель ГIалибегов ГIабдулагьица бицана гьебго субботникалда кагътал тIиритIизарулел рукIун ругилан. Гьединго ГIабдулагьица суал борхана росулъ мавлид гьабиялъул баян газеталда кьечIогойиланги. МухIканлъи гьабидал тIубангобаянлъана ургъунищ, ургъичIогойищ лъаларо, ГIабдулагьихъе баян мекъи кьун букIин. ТIоцебе гъутIби чIолел гIолохъабазда гьоркьор ялъуни оц балеб бакIалда киналгIаги кагътал рукIинчIеблъи ва гьеб хабар мекъаб букIин хIакълъана. Гьеб харбица цере рехизаруна росулъ гIолохъабазул хьвада-чIвади лъикIаб гьечIилан, росдада тIад бугьтан лъезе бокьарал чагIи рукIин. Ратизе бегьула росулъ габаниги бекьулел, гьебги бухIулел, дагьа-дагьаб жоги гьекъолел, цо пуланал чагIаца абураб хIалтIиги гьабулел, ай магIна кидаго - чияда рарал гIолохъаби рукIине хIажатал чагIи. Гьединалги ратила. ГIемерисел нилъер гIолохъаби руго жиде-жидер махщелги магIишатги бугел, бикъулеб бугеб хIукуматалъул бюджеталдаги жал рачIел. Росдада сверун ругел бокьарал суалазулъ жидерго пикруги бугел. Росулъ бата, шагьаралда бата гIаракъи, сигаретал, анаша бичулел чагIазе гIарцудалъун кIудияб заралги гьабулел. Щайгурелъул гьез гьеб хIалтIизабуларого. Цоги гIайиб батизе бегьула гьезда чи хведал хабадеги, ахIи баралъуреги гьел тIоцере щолел рукIин. КIиабилеб, росулъ мавлид гьабиялъул суал, бугодай балъго гьабизе ккараб хIал. Гьеб суал я цебехун гьабулелъул, я исана борхичIо ЖамгIияб советалда. Гьеб дандго бан букIун гьечIоан росулъ мажгиталъул имамасдаги мажгиталъул советалдаги. Гьединлъидал я бугин абун баян кьолареб, я букIанин абун гьенир гIахьаллъарал чагIаца газеталде макъала кьолареб ракIари газеталдаги бахъинчIого балъгоги хутIиларищха. Гьел суалазда тIасан данделъи бачунев АхIмадица абуна: - Нилъер росдал халкъ жегиги гъункилила цо-цо гIиси-бикъинал росдал гьарулел ишалги данде ккезарун, гIолохъабазул настроениеги хвезабичIого хIалтIи бачанани.Доб советияб заманалда нилъеца тIахьалго цIаличIел Солженицынги Сахаровги какулел рукIарал гIадинан, жакъасел диниял гIолохъабаздеги гIайибал гIунтIизаричIого, нилъер умумулго гIадин жанирго данделъизеги данделъун, долго гIадинан бахIс кканани тIахьаздеги ралагьун цо пикруялде рачIани лъикI букIинаанилан. Нилъ диналъул макъалаби сабаблъун дагIбадизе лъугьине бегьуларо. Гьаб хIалтIуда вукIаго дицаги хIалкIун гьеб биччазе гьечIо,- ян. ТIадияб букIана росулъа советалъул председателасул цIаралда бачIараб лъебергоялдасаги цIикIкIун чияс гъоркь гъулбасги гьабураб Гьокоб ах бугеб ракь бикьиялъул хIакъалъулъ бачIарабгIарзаялъул суал. Къокъ гьабун бицани, гьел чагIазул буго гьадинаб гIарз. Гьокоб ах бикьун бугила колхозалъ 5-6 чиясда гьоркьоб. Лъазе бокьилаанила щай гьеб ракьул бутIа гIумруялъ колхозалъе хIалтIаразе, ялъуни цебехун умумузулго гьеб ракь букIарал бетIергьабазе щолареб. Цониги къоялъ колхозалда хIалтIичIезеги щолеб. Гьеб бутIаялъухъ кьураб кIиазарго гъурущ нижецаги кьелаанин. Щайила гьеб бикьараб балъго, собраниеги ахIичIого, можорониги тIамичIого абураб. Гьелда сверун ккараб халатбахъараб хабаралъул магIна гьадинаб букIана. Ракьуда сверун кколел дагIбаби къойидаса къойиде цIикIкIине ругилан. Росдал администрациялъе, колхозалъул нухмалъулезе бигьалъизе ругила гьел суалал рагьун, халкъалъулгундандги ран тIуразаруни. Хасго колхозалъул ракьал рикьиялъул цо положение гьабунани лъикI букIиниланги бачIана пикру. Гьеб суалалъул хал-шал гьабизе тIаде босана Херазул советалъул председатель ГIабдула ГIалибеговас. Цоги суал. Бавтугъаялда, Гъизилюрталда ругел гIолохъаби хIалтIи гьечIого хутIиялъ рахIат хвезабун бугоан гьениса рачIарал Шехалиев ГIабдулагьил ва цоги гIолохъабазул. Гьелда сверун рачIана гьадинаб пикруялде. Цойги нухалъ дореги ун, жегиги гIемерал гIадамалгун дандги чIван, бакIалъулал администрациялъул бутIрулги ахIун, бугеб ахIвал хIал лъазибизе. Советалда жегиги суалал рукIана. Гьезул хIакъалъулъ бицина тIасияб номералда.
ГIумар МАХIАДОВ Газета "Согратль" # 04(97) за Апрель 2011 г.